Шагьаралъул яс!
Хъач1аб ц1ороялъул,
Хасалил къоялъ.
Къулг1аде яч1ана
Цо муг1рузул яс.
Г1азуг1ан квачараб
Бацадаб лъедулъ
Чурун бахъун тана
Тарс ц1ураб рет1ел.
Мух1канго, бац1адго
Гьел чурулелъулъ
Кир гьелда рук1арал
Дол квердахелал.
Гьеб ц1орораб лъеда
Квер хъварабани
Хвела ан гури мун
Шагьаралъул яс?!
Марьям Шафиева