Муг1рузул лъимал!
Зор каранда кьабун, дун горецилан,
Ч!ах1аго калъала шагьарул модник.
Мода бугин абун, гьас-дос лъунилан,
Къапа т1ад рет1унин кинав дур горец?
Цо къоялъ маг1арда г1иял къавуда,
Буртинадулъ сордо дуца барабиш?
Хъач1аб ц1ороялъул хасалил къоял,
Муг1рузде вахъаниш риг гьабизеян?
Мун горец ватани, вилъа муг1рузде,
Ч1унтун бугеб мина, къач1азе жувай.
Цо лъаг1ел банниги х1албихье дуца,
Кинал дол рук1унел
муг1рул г1олилал.
Хъач1аб г1амалалъул,
унгоял горцал,
Нижер гьал росабалъ жегиги руго.
Ях1-намус ц1унарал, муг1рул г1олилал,
Тайги нуж Аллагьас кидаго рази.
Нагагь хурзал рекьун г1ат1 гьабулеб къо,
Т1аде бач1анани гьал г1олилаца,
Дида лъаларилан, к1оларойилан,
Кидаго нужеда гьаз абиларо.
Г1ашт1и кодоб босун,
бер къапилелде
Биччараб ц1улалъул цо мег1ер г1олел,
Т1аде бач1араб къо лъимлъун къулч1улел,
Гьадинал рук!уна унгоял горцал…
Автор: Шафиева Марьям